Рак1-рак1алъ баркала кьола Шамайийе. Лъик1 бачана дарс. Техникияб алат х1алт1изабиялъ рахьдал мац1алъул дарс бахинабуна ц1ияб даражаялде. Амма цо-цо г1унгут1абазде к1вар буссинабизеги бокьун буго: 1.Ай-ай, муг1алималъ жиндирго мац1алда хадуб хал кквезе ккола. Бегьиларо риччазе так, давай, разминка, вообще г1адал г1урус раг1аби. Муг1алимасул мац1 бук1ине ккола мисалияблъун, "бац1ц1адаблъун". 2. Заман щун доскайилан абич1ого нилъерго хъарщийилан абизе. Рахъа хъорщоде, бац1ц1е хъарщи, хъвай хъорщода ва гь.ц. 3. Дарсил тема г1емерго зах1матаб бук1ана. Гьединлъидал лъимал дагь гурони гаргадулел рук1инч1о. Дарсил аслияб юк баччулеб бук1ана педагогалъ, амма гьеб дагьабго т1адкъазе ккола ц1алдохъабаздаги. 4. Дарс байбихьана Рахьдал мац1алъул х1акъалъулъ шиг1руялдаса, амма гьелъул авторасул ц1ар абич1о. ГЬеб хъач1аб гъалат1 ккана, щайгурелъул исана Расул гьавуралдаса т1убала 90 сон. Бегьилаан Расулил ц1арги абун, цо-к1иго жумла гьесул юбилеялъул х1акъалъулъ абун бук1арабаниги. Амма, х1алч1ахъаги, Шамай!
|